ШаргӀалда моцӀазул авал-ахир чӀезабиялъул баян.

  Рет қаралды 2,167

Мухаммад Андыхский

Мухаммад Андыхский

2 ай бұрын

Гьаб авалалда рехсараб хӀадис магӀнаялде балагьун фикъгьи гӀелмуялъул гӀалимзабаз къабул гьабураб, гьез мухӀканаблъун рикӀкӀараб буго. ХӀатта живго Имам Нававияс гьелъул магӀна баян гьабун жиндирго Имам Муслимил сахӀихӀалда тӀад хъвараб шархӀалда каламги гьабун буго. Амма иснадалде балагьун хӀадис гӀелмуялъул гӀалимзабаз гьеб кьучӀаблъун рикӀкӀун гьечӀо. Гьединлъидал дица кьучӀабилан абиялъул мурад буго жинца тӀоритӀел гьабулеб магӀнаги жинца кьолеб хӀукмуги кьучӀаб, мухӀканабилан абураб. Жибго хӀадис кьучӀаб гьечӀо.

Пікірлер: 15
@user-ty9rl9kc5p
@user-ty9rl9kc5p 15 күн бұрын
МашаАллагь 👍
@user-besti333
@user-besti333 Ай бұрын
Ма ша Аллах❣️
@user-tu2nv7jy3z
@user-tu2nv7jy3z Ай бұрын
Альхамдулиллягь братья
@user-ge4xr7yk9h
@user-ge4xr7yk9h Ай бұрын
Х1исабалда рекъон бегьиларила абулеб буго гури духъ кодокун бугеб т1ехьалда субкияс
@andihskiu
@andihskiu Ай бұрын
Я дир диналъул вац дица абулеб буго гурищ масъала хилафияб бугилан. Субкияс имканалда рекъон бегьулилан, хӀатта жеги тӀалъулилан абулеб буго, эбги хӀисаб ккола гурищ. ХӀисабалъул лъабго хӀал буго тӀахьада рехсон.
@RamGadjiev-ik7zq
@RamGadjiev-ik7zq Ай бұрын
Ваалайкумуссалам ва рахматуллагьи ва баракатугьу ва ризванугьу
@user-rr3ez2cl2h
@user-rr3ez2cl2h Ай бұрын
Амин . Ажмагlин.
@mubarak79
@mubarak79 Ай бұрын
Нилъеца муфтияталъ абураб мехалъ кквезе ва биччазе ккуларищ вац к1ал? гьез моц1 бихьун ккола,бихьун биччалагури.
@andihskiu
@andihskiu Ай бұрын
Муфтияталъ лъазабиялъул магӀна ккола гьеб лъазабураб къоялъ кӀал кквечӀого тезе бегьуларо абураб. Ай муфтияталъ абураб къоялъги кквечӀого гьелда хадусеб къоялъ байбихьизе тезе бегьуларо. Гьелъул магӀна кколаро муфтияталъ абураб къоялдаса цебесеб къоялъго кӀал кквезе байбихьизе бегьуларо абураб. Гьаб бакӀ нилъеда лъикӀ бичӀчӀизе ккола. Гьаниб муфтияталъ абулелде щибго дандеккунгутӀи гьечӀо.
@andihskiu
@andihskiu Ай бұрын
Дудаса Аллагь разилъаги, ракӀалда ругел мурадалги тӀураги гьаб мухӀкан гьабизе кьураб суалалъухъ. Балагьараб мехалъ гьаб бакӀ баян гьабичӀого хутӀун буго дихъа.
@andihskiu
@andihskiu Ай бұрын
ШаргӀ билъараб заман бугони дибирасул ихтияр букӀуна жинца лъазабураб къоялъ гӀузруги гьечӀого кӀал кквечӀого ватарав чиясе тагӀзирги тамихӀги гьабизе. Амма жинца лъазабуралдаса цебесеб къоялъ кӀал ккурав чиясе гьеб гьукъизе гьесул ихтияр букӀунаро. Гьабго хӀукму хӀалтӀула гьаб дуца кьураб суалалъулъги.
@user-qn4qx8nj4z
@user-qn4qx8nj4z Ай бұрын
щай гъоб таг1зир гьабизе ихтияр гьеч1еб цебессеб къоялъ ккурасеги . Нагагь цебессеб къоялъ кквезе амру гьабуни имамас х1исабалдаги нахъ вилъун .., гьас амру т1обач1они кьабулищ асда таг1зир..... к1ал кквеч1огойин .....???
@andihskiu
@andihskiu Ай бұрын
@@user-qn4qx8nj4z Дур тӀоцебесеб предложениялда бугеб суал бичӀчӀичӀо. КӀиабилеб предложениялда бугеб суалалъе жаваб-шаргӀияб хӀукумат бугони тамихӀ гьабизе ихтияр букӀуна.
@user-es9qt3ro3t
@user-es9qt3ro3t Ай бұрын
Цо къоялъ цеве ккарасдаги цо къоялъ нахъа хут1арасдаги мунагь гьеч1ила високосний къо кинаб моц1алде решт1аниги мух1канаб буго бихьун кквезеги биххун биччазеги дов цеве кинав ккарав нахъа кинав хут1арав нилъеда лъала 13 14 15 лъабабго къоялъ гургин бук1уна моц1 16 леб къоялъ квараниса гьит1инлъизе байбихьула даг1ба раг1и гьабула цоросулъцо къоялъ к1ал биччач1они к1иго бат1аяб нациялъ к1алт1е к1ал къабул гьабун вач1арав нахъ ч1вазе бегьуларелъул нижер сон бук1ана г1идин абун к1иго къоялъ бикьизе нусгоясда гьоркьоб цо к1игоясда к1ваниги шивав инсанасул санаг1алъи бук1унаро хабар марага г1алимзабазде г1айб г1унт1изе гьабула цоги бич1улареб жо буго 32 сон солнечний календаралъул бугони луниялъул 33 сон бук1уна лунийялъул къоял ц1ик1ун раккула масалалъе босани рамазан моц1алъул 1вий дуниялда вижарав солнечниялъул мисалалъе босани 11 маялъ четвергалъ мун вижун ватани лъебералдак1иго сон унхадуб бач1уна рамазаналъул 1 число маялъул 11лелъ четверг гьедин х1исаб баккулеб бугони дида ккола доб сордоги 33соналдаса бач1унин къадриялъул
@andihskiu
@andihskiu Ай бұрын
Гьал дуца рехсарал жалазул шаргӀалъ кӀудияб кӀварго гьабуларо. Гьазда рекъон хӀукмуги къотӀуларо. ХӀукму къотӀула дица рехсараб къагӀидаялъ.
ИгӀтикафалъул баян.
15:09
Мухаммад Андыхский
Рет қаралды 422
ТӀарикъат
15:31
Мухаммад Андыхский
Рет қаралды 507
Omega Boy Past 3 #funny #viral #comedy
00:22
CRAZY GREAPA
Рет қаралды 36 МЛН
1❤️#thankyou #shorts
00:21
あみか部
Рет қаралды 12 МЛН
MOM TURNED THE NOODLES PINK😱
00:31
JULI_PROETO
Рет қаралды 24 МЛН
КӀал кквезе ният гьабиялъул баян.
10:45
Мухаммад Андыхский
Рет қаралды 260
мавлоно ахмад
0:31
ISLAM TV
Рет қаралды 7 М.
На какие деньги живет Русская православная церковь?
51:54
Подкасты Медузы / Meduza Podcasts
Рет қаралды 8 М.
Абу Убайдуллох Динро чи касон бадном мекунанд
5:32
Хикоя аз хаети имоми аъзам
12:13
Мероси Паёмбарон
Рет қаралды 6 М.